Forwarded from ХакикаТ (Истина) (Патимат S)
«ЧIужуялда гьикъейила, гIакса гьабейила»
Кици буго бусурбабазул халкъазда гьоркьоб цIакъго тIибитIараб. Бихьиназдасаги лъикIал руччаби, руччабаздасаги къадарал бихьинал рукIунеллъи, хасго руччаби рукъалъул магIишаталъул цIакъал гIуцIарухъаби рукIинги лъалаго, магIарулаз гьаб кици битIухъ гьабулел маргьаби рицуна:
Росас чIужуялда гьикъарабила жив гъоркье кIанцIилищан. ЧIужуялъ абурабила кIанцIугейилан. КIанцIаравила рос – бекарабила бох. Цинги, битIун гьел къоязда жаниб, рагъ-кьалги багъарун, росдал киналго бихьинал тIагIаралила. Нилъер рекъав багьадур, «Куличиясул хIелеко гIадин», росдалго руччабазда гьоркьов цохIо хутIаравила.
⚜
Цо чияс дибирасда гьикъарабила руччабаз малъараб жо гьабизе бегьулищилан. Дибирас чIванкъотIун жаваб кьурабила бегьуларилан. Валлагь, дибир, жив витIун ккун вугилан абурабила суал кьурас: чIужу йикIанила дуе дагьаб нахги ханалги росейилан. Жинца росичIила. «ВахI! – ан бетIер хъасанила дибирас. – ГIакъилай чIужуялъ малъараб цо-цо жояли гьабизе бегьулеб букIараб».
#Аваркицаби

😁13👍3
Forwarded from ХакикаТ (Истина) (Патимат S)
КIудияв гIураб мехалъ васас эбелалда гьикъанила щиб гьабулагойин жиндир бер бахъараб. Эбелалъ гьесда бицанила:
- Цо нухалъ мун, гьитIинав чи, гIодана, дир вас, духъе кIвекьмах кьейилан. Дицаги кьуна. Цинги, яцгун васандулаго, бадиб кIвекьмаххалъул гIагги тункун, бахъанаха дур бер.
Васас абуралила кицилъун лъугьарал гьадал рагIаби.
#Аваркицаби
#пословицыХакикат

👍12
Forwarded from ХакикаТ (Истина) (Патимат S)
😄«Гьай гьерсихъаналъул гьерсихъан!» - ан абурабила цараца тIанчIида.
МагIардаги регун, гъоба кIкIалахъ чIахI-къулалда рекIараб цIадухъ ралагьун рукIанила церги тIинчIги. Цараца хьалбал роркьулеб ххвел гьабулеб букIанила.
- Дуца гьабулеб жо щиб, - эбел? – ан цIеханила царатIинчIалъ.
- Гъоба-а-а кIкIалахъ бугеб цIаялъ хьалбал роркьулеб буго, дир гьитIин!
Цодагьаб заманалдасан царатIинчI, эхедеги кIанцIун, гIодоб речIчIанила.
- Дуе щиб лъугьараб?! – ан бихха-хочун лъугьанила цер.
- Гьа-а-а-гъаб цIадул хIенехI дитIе бортана! – ян абунила, бер къапичIого, тIинчIалъ, гъобе кIкIалахъе квачIги битIун.
- Гьай гьерсихъаналъул гьерсихъан! – ан абунила цараца тIанчIида.

👍14
Forwarded from ХакикаТ (Истина) (Патимат S)
Цер гудраца ккунила. ГІемер теркІон, рачIги гъоркьго тун, борчІанила. РачІ гьечІолъиялъ, цурдузукьаги нечон, щиб гьабилебалиги лъаларого букІанила. Ургъанила цер, ургъанила, ахирги ургъун бахъанила.
Данде гьарун цурдулгун, гьадин кІалъанила: «Гьаб рачІ, хадубги бехъерхъун, чІахІ-къулги рекІун, къваригІунеб жого букІун гьечІо. РачІа киназго къотІун рехизе». ГІенеккунги чIун, цо цараца абунила: «Валлагь, абилароан, цер, дуца гьедин, мунго хъанда букІинчІебани».
Данде абизе жоги лъачІого, хъандацер гьел-гьелиялда гьениса нахъе анила.

👍10
Forwarded from ХакикаТ (Истина)
БИЧАС БИЧЧАН БАТАНИ
(Аллагьас хъван батани)
Щибниги гьабилалде, гьабулеб данде билълъине хьулалда, магIарулаз абула гьал рагIаби.
Хасел чIун сордоялъ, цIеда хьагги лъун, бакьги тIамун, хинкIал гьарулей йикIун йиго лъади.
Вакъун рокъове щварав, цIураб гьанал берцинаб махIалъ хьуликъвачIа балъаргъарав росас хьагиниса хинкIал рахъулей чIужуялда абун буго: «Огь, баркаман, цIураб гьанал махI! Кваналаха къаси чехь бихъизегIан!»
Лъадуца абун буго: «Бичас биччан батаниянгIаги абеха, бетIерчIахъад!»
Росас жаваб кьун буго: «Валлагь, бичас биччаниги кваналаха дица дирго гъасда гьанги хинкIалги, биччачIониги кванала!».
Лъадуца квен цебе лъолаго, кIутIун буго нуцIида. Жанире лъугьун рачIун руго милициялъул хIалтIухъаби. Лъазабун буго лъалхъичIого жидеда цадахъ вилълъине хIадурлъи гьабеян. Рукъалъул бетIергьанасе гьарун буго: нужги гIодор чIайила, дагьабниги жо кIалдиб лъезе жиндиеги рес кьейилан. Милицабаз, рекIеда ватизе течIого, кверазда маххалги ран, гьев цеве къотIун вуго…
Анкьго сонги туснахъалда бан, рокъове тIад вуссарав гьес радакь нуцIида кIутIун буго:
- Мун щив? – ан гьикъун буго хIинкъун тIаде яхъарай лъадуца.
- Бичас биччани, дун МухIамад вуго, бичас биччани, анкьабго сонги туснахъалда бан, рокъове вачIунев вуго, - ян жаваб кьун буго росас.

👍35🔥25❤24😁24🎉21